Дие кинго бокьуларо кватIараб хасалихъе гIуж. Гьеб заманалда ккарал руго дир гIажаибаб гIумруялда бищунго захIматал ва пашманал лъугьа-бахъинал. 25 сон аниги жеги ракIалдещвеяз сири бала черхалда, ссудула ракI.
Дун гьаюна ва гIуна магIарул росулъ, гъункараб ва кIудияб хъизамалда. Лъималазда гьоркьой дун йикIана бищун цIикIкIарай, хадув вукIана кIиго соналъ дидаса гьитIинав вац, цинги кIиго цадахъ гьарурал чанкIкIарал васал ва бищун гьитIинай, киназего йокьулей яцако. КъватIиве унелъул инсуца дида гьитIиназул жавабчилъиги тIадкъан абулаан: «Гьале Асият, нужеда гьоркьой бищун цIикIкIарай, толей йиго старшиналъун. ГIенекке алъухъ»-ян. Жеги бихьунги рагIунги букIинчIо дида нижер гIадаб берцинаб хъизам. Хъулухъаздаса эбел-эменги, ясли-ахгун школалдаса
лъималги руссиндал, байбихьулаан унго-унгояб байрам, кванил нигIматаз бечедаб столалда нахъа гIаммаб аваданлъи, ихтилат-кеп. Инсуца щивасе рачIунаан сайгъатал, гьесул рукIунаан гIемерал гьалбал… Вай дада, дада, кигIан къокъабха дур гьайбатаб гIумру букIараб. Эмен къадаралде щвараб мехалъ дир букIана гIицIго I2 сон. РакIалда буго чIичIидилаго кавудахъа жанире лъугьун рачIарал ункъгIалзаби,
рахьхъахIлъунги лъугьун гIакълу-лъаялдаса рехун арай эбел, къвал нижедаги бан «ТIокIалъ дада гьечIилан» гIодулев имгIал.
Дида чанги ракIалде ккола, доб, киналго дидаса руссараб заманаялъ, эмен аскIов вукIарабани, кумек щвелаанилан.. Кинабго тартибалда бицинин.
Школалда цIализе лъикIайги йикIиндал, дие цIакъ бокьун букIана лъикIаб вузалде цIализе лъугьине, хIурмат гьабулеб хIалтIи щвезе, гIисинал яц-вацазда квер чIвазе дирго рес букIине. Гьединлъидал, я эбелалъул магIил гIоралъ, я гIагарлъиялъул насихIатаз сангар лъечIо дир цIализе ине бугеб къасдалъе.
Дагъистаналъул медицинаяпъул академиялда цIалулел тIоцересел къоязго дир гьудуллъи ккана кIиго цадахъ гьарурал шагьаралъулал-Мурадгун ва Маратгун. Гьединаб асар дир гьездехун бижана дирго росулъ хутIарал вацал ХIасанги ХIусенги цере рачIун. Занятиязда ниж лъабалго кидаго цадахъ гIодор чIолаан, дарсаздаса хадубги-кафеялда кваназеги цадахъ, рокъореги цадахъ, данделъабаздеги цадахъ, «гьудуллъи» бихьун курсцояз махсараби гьарулаан «гьале аб лъабгIин бачIине бугилан». Дида ракIалъ бицунеб букIана гьезие кIиязего дун рекIее гIолей йикIиналъул, амма гьезул цояв тIаса вищизе кинго таваккал гIолеб букIинчIо.
Цо къоялъ Мурадица дун течIого ячана жидерго чIухIараб кIалгIа-рукъзал рихьизе. Гьениб бихьараб бечелъиялъ дун битIахъе абуни ахцазаюна. Дида лъалаан гIолилазул эбел-инсул рес букIиналъул, амма жалго рукъзабазги, жаниб лъураб къайи-цIаялъги дие ханзабазул хIакъалъулъ маргьудалъе ккараб гIадаб асар лъугьинабулеб букIана. Чаялъул чашкаялда нахъа Мурадица дие баян гьабуна хадуселъул: «Асият, дуда бихьулеб батила нилъер лъабазулго иш бацIцIадаб гьудуллъиялда хутIизехъин гьечIеблъи. Маратиеги, диеги-кIиязего рекIее гIола мун. Гьарула, нижер вацлъиялда гьоркьоб рагIи ккунгутIизе, тIаса вище нижер цояв».
Дир рекIел цIайийин абуни, битIараб бицани, кидаго Мурадидехун букIунаан. Щайгурелъул гьев вукIана хочI-хабаралъул, ургъел гьечIеб гIумруялъул, аваданлъиялъ къвал барав гIолилав. Маратилан абуни, гьелъул гIаксалда-кидаго вуцIцIун чIарав, гIодове виччарав, рухIияб рахъалъ цIакъ яхI бугев, дол дир гьудулзаби ясаз абухъе «чIамучIав» чи. Узухъда, дица тIаса вищана Мурад. Унго, гьес I8 сон барай дир бетIер сверизабулеб букIараб куц! ЦIалицин рехун тезе бахъана халатал дандчIваязда, агъаз гьечIел гьоркьорлъабазда…! Маратилан абуни, пакъир, живго нахъегIан къан чIана. ХисичIо гьесул дидехун бербалагьи, йохъ. Амма цебе букIараб кунчIи гьесул бадиб свана, бихьулеб букIана гIицIго рескъотIи ва пашманлъи…
Огь, ахIмакъай дун, ах!макъай дун… Чан мунагь баччараб гIакълу гьечIеб бетIер сабаблъун! «Жинца мун ячинехъин йигеблъидал, бегьулилан» Мурадица дун мукIур гьаюна цадахъаб гIумруялъе, жинсиял
гьоркьорлъабазе. «Рокьи ккарал беццал рукIунин» абураб аби уябги букIун буго. Дун беццлъун йикIана Мурадиде букIараб гIишкъуялъ. Бицун букIана киналъулго (нижер гьоркьорлъабазул хутIизегIан) эбелалдаги. «Щибха гьабилеб, нужер рокьи бугелъул, кьела мун. Циндаго дида бичIчIана дунго лъимаде йикIин. Сабру хун балагьун йикIана дун вокьулев рокъове вуссиналъухъ. Дица рикIкIадасан байбихьарабго бичIчIана гьесда кинабго:
-Мун гIадаллъунииц?! Кинаб лъимер?! ГIисинлъималазул… Дица жеги карьера гьабизе ккола, дун регIун гьечIо хъизан гIуцIизе.
-Кинха гьедин?..-ян гIодизе ячIана дун.
-Кингоха! Мун йикIинесей тохтур йиго, лъалеб батила хIажат гьечIеб лъимер кире ун, щиб гьабун хвезабулебали. Ма гIарацги, гIечIони нечечIого гьаре-ян бегьун бачIана гьес дихъе «гIурччиназул» пачка.
Кверал рухIизарулел рукIана дир гьеб гIарцуца, ракI бецIцIулеб букIана гIадалаб гIолохъанлъиялда, гIантаб рокьуда… Байбихьана дир гIумрудул чIегIераб гIуж… «Рокъое ячIани, чIвазе йиго, хъахIба!»-ян гIинда багъана эбелалъул ццидалаб гьаракь, «Лъидасан ккарабали лъалареб лъимер нижер Мурадида баччизабуге»-ян рекIана Мурадил гIагарлъиялъул дихъе хьвади. Гьеб лахIзаталда дир анищ букIана гIицIго хвезе, биххана кинабго: рокьиги, гIумруги, ракIги. ГьечIо дун.
Гьеб кьалул майданалда лебалав бахIарчи кинниги кодор тIугьдулгун ваккун вачIана Марат.
-Асият дида кинабго лъала. Гьеб букIина нилъер лъимер. Гьарула инкар гьабуге, ячIа дие росасе.
-ГIадаллъуге, Марат. Мун гIадав инсан мустахIикъав вуго жеги лъикIаб-тIокIалъе.
-Дур тIокIаб нух гьечIо, хирияй. Аборт гьабунани мун хутIизе бегьула гIумруялъго лъимер щвечIого. Гьелъул лъазе рес буго институталда, бахъина ахIи-хIур, мун нахъе рехила. Гьебищ лъикI? Гуро, дица абухъе гьабе. КIочонге дие мун жеги йокьулеблъи.
Мурадилги, гьесул эбел-инсулги, гIагарлъиялъулги нагIана кьеялда гъоркь дица хIукму гьабуна Маратие росасе ине.
ТечIо нижее Дагъистаналда рахIат, перевод гьабизе ккана Москваялъул сах гьариялъул цо ВУЗалде, рахъана тахшагьаралде. Кутакаб къварилъи-захIмалъи баччана дие гIоло Маратица: къад цIалулеб бакIалда, къаси рабочиясул хIалтIуда свакан радакье рокъове вуссиндалги цIалдолев, ургъалида вортанхъилев… Маратихъ балагьун бичIчIана дида унго-унгояб рокьи кинаб букIунебали. ЦIехечIо ниж цо къоялъ я дир, я гьесул гIагарлъиялъ-гьезие ниж рукIана хварал чагIалъ. Июлалъ дие, гуро, нижее гьаруна кIиго цадахъ лъимал-Дианаги Жамалги. Унго, Маратил букIараб рохел гьездаса, гьес баччун бачIарабщинаб расанкIо, тIегь-хер. Кин букIаниги хIукму гьабуна лъималазул хIакъикъияв инсуда телефоналъ ахIун лъазабизе:
-Кьоге дир фамилия-цIар гьезие. Гьел дир лъимал гуро-ян чIванкъотIана Мурадица. ГьитIичазул хъвай-хъвагIай гьабуна Маратил цIаралда. Гьев иман цIикIкIарав бихьинчиясул хIакъикъияй лъадилъун абуни дун яхъана гIицIго лъималаз бащдаб лъагIел бараб къоялъ, тIокIалъ цебе гьес дида квер хъвачIо.
Гьеб къоялдаса нахъе, гьале 25 соналъ свакачIого такрар гьабулеб буго дица: «Марат, дие мун вокьула!»-ян. БачIинчIо цониги талихIаб гуреб къо нижер хъизамалдеги: гьаруна цадахъал лъимал Рашидги ПатIиматги, рекъана гIагарлъигун.
Лъайги махщелги бугев тохтур хIисабалда, Маратие лъикIаб клиникаялда кьуна хIалтIи, кватIичIого тIамуна бетIерав врачлъун. Дир эбелалъул бугеб рескъотIи бичIчIун, дир хирияс щибаб моцIалъ битIулеб букIун буго гьезие гIезегIан гIарац. Гьединаб бербалагьиялъ риана дир ганчIилал гIагарал чагIиги. Маратил эбел-эмен жалго рачIана Москваялде тIаса лъугьаян гьарун. Якьадалъ гIодилаго бицунеб букIана Мурад чIужу ячаниги, гьекъолдулев, сверулев-тирулев вугилан, лъималги гьезие Аллагьас кьечIилан. ГурхIана ракI, лъугьана тIаса…
Цо рииялъ нижер талихIаб хъизан хIухьбахъи гьабизе щвана МахIачхъалаялде, ана Мурадихъе гьоболлъухъ. Гьекъезеги гьекъон гьев лъугьана тохал жал рицине: -гьал хIанчIияли дацилха ругел-ян гьалбадерида цебе Жамалидаги Дианадаги къвалал разе, «жив нужер дадаян» ахIдезе. Дун хIинкъун йикIана Маратида-бихьулеб букIана гьесие гьеб хабар рекIее гIолеб гьечIеб куц. Йохъ, гьев сахав инсан мустахIикъав вукIинчIо гьедин инжит гьавиялъе. Цояб рокъорехун рачана дица цIикIкIарал лъимал ва бицана, щибго бахчичIого, дирго гIумруялъул кьогIаб хIакъикъат. Кьерги тIун гьалбадерил рокъорехун гьел унелъул, бихъулеб букIана дир ракI «щибдай-кинилан».
-Батанищ дица абухъе?-ян ахIдезе жувана Мурад, киназдаго цеве.
Эмен, дир хирияв ян Маратиде аскIое ана, гьесухъги гIин тIамичIого, Диана-рилълъа рокъоре, чIалгIана Мурад-дацил «гьоболлъи».
-Дир инсул вац вукIинчIевани, гьаб бакIалдаго чIвалаан дица мун,-ян хучун вачIана Жамалги.
«Дихъа вацги вахъана, гважи, дуца, лъималги рахъулел руго!»-ян хадуб ахIи балев Мурадги тун, ниж нахъе рилълъана гьеб рокъоса. ТIокIал гьеб суалалде дир гIакъилал лъимал нахъруссинчIо, гIумру кьеги гьезие.
Гьале гьанжеги щвана хасалихъе гIуж, рортулел руго тIанхал, балеб буго цIад, бачIун буго квачай. Дун гордухъа къватIиеги яккун гьимулей йиго. Кинабго буго лъикI: дун йиго йокьулей ва талихIай лъади, хIурмат гьабулей эбел ва кватIичIого, иншааллагь, яхъине йиго талихIай кIодоэбеллъун. ГIицIго кватIараб хасалихъе гIуж бокьуларо дие щаялиго: рекIелъе бачIуна цо кинабалиго рахIатхвей, гIакъуба кьола ракIалдещвеяз…
Фатима МУХIАМАДОВА.
Для того чтобы минимизировать затраты предприятия и наладить его производительность, используются такие принципы безотходного производства: системность – это когда каждый из отдельных процессов можно рассмотреть как частицу более сложной технологической цепочки; комплексное использование энергетических и сырьевых ресурсов – это дополнительные возможности извлечь сопутствующие компоненты; цикличность материальных потоков – замкнутый производственный процесс, который определенным образом сможет повторить природные круговороты; рациональная организация – это когда невосполнимые потери ресурсов можно свести к минимуму за счет переработки отходов; принцип экологической безопасности. безотходная и малоотходная технология обеспечивают: полную переработку сырья при использовании компонентов на основе производства новых безотходных процессов; выпуск и изготовление новых разновидностей продукции с учетом запроса вторичной переработки; использование отходов и их потребление с итоговым получением товарной продукции, либо любого полезного их использования без смещения экологического равновесия; применение замкнутых систем водоснабжения в промышленности; изготовление безотходных комплексов. используя малоотходные и безотходные технологии производства можно сформулировать четыре основных направления их развития: появление бессточных технологических систем самого разнообразного назначения, на основе имеющихся и перспективных способов очистки и повторного использования нормативно очистных стоков. разработка и применение систем по переработке бытовых и промышленных отходов, которые можно рассматривать как вторичные материальные ресурсы. внедрение технологических процессов изготовления традиционных видов продукции исключительно новыми способами, при которых можно выработать максимально возможный перенос энергии и вещества на готовый продукт; разработка и применение териториально-промышленных комплексов, с более замкнутой структурой материальных отходов.
Приветствие: « хасалихълъи»
Дикламируют девочки:
Меседил хасалихъильи,бач1ун буго муг1рузде
Рохьаздехун ахазде-маг1арул т1алъиялде
Гьель ханльи гьабун буго т1олабго гьаб ракьалда Г1ат1идал авлахъазда,к1алазда ва щобаздаМун берцинаб хаслихъльи!
Мун бечедаб хаслихъльи!
Халкъалье рекъел босун!
Щун батайги хаслихъльи!
ДИКЛОМАЦИЯ
Первый ребенок Ассалам г1алайкум г1агараб росу!
Ассалам г1алайкум хирияб садик!
Ассалам г1алайкум родительзаби!
ГЬале исанаги кидаго г1адин
Т1аде щвана нильер праздник «Урожай»
Киналго урхъараб бач1инальул къоКиналго рохарал к1удияб байрам
Второй ребенок Бокьун буго нижей цере рахъеХаслихъльияльул къо багьанаде ккун ГЬаб бач1инальул къо к1одоги гьабун Нижер бугеб махщел бихьизабизе
Аск1ор эхетарал родителасеНижер рахъалдасан боркьараб салам1Баркула нужеда бач1инальул къоГЬарула нужее щулияб сахльи!
Песня «Осень»
Рортулел руго т1амхал
Т1еренльулеб буго льарПашманльулеб буго кеч1Бач1ун буго хаслихъи!
Бач1ун буго гьайбатабБач1ун буго пашманабБач1ун буго гьарзаябБач1ун буго хаслихъльи!
Ахирал бакънал ругоКЪольик1илан х1анч1азул
Реч1алел руго т1угьдул
Бач1ун буго хаслихъльи!
Дети хором поют песню: «Осенняя ярмарка»
Слова П.Султанмагомедова Муз. Аварская народная
1-куплет 2-куплет
Гьале ниж киналго Т1агъамги гьуинаб Данделъун руго Кьерги берцинаб Бокьараб босизе Пихъги овощалги рач1а аск1оре Гьарзаго руго 3-куплет 4-куплет
Рач1а базаралде Хасало кваназе Даран гьабизе Компотал гьаре Ракке тукабазде Нужерго подвалахъ Багьа ц1ехезе Нахърател гьабе Дети исполняют танец «лезгинка»
Дети читают стихи про осени :
1-ребенок В огороде много гряд тут капуста и морковка
тут горох и томат, а картофель разве плох
наш зеленый огород
нас прокормить целый2-ребенок
Собираем в августе урожай плодов
много людям радости после всех трудов
и мы тебя встречаем
с богатым урожаем
3-ребенок Здравствуй осень! Здравствуй осень!
хорошо что ты пришла
У тебя мы осень,спросим Что подарок принесла?
4-ребенокПринесла я вам муки
Будем печь мы пироги
Принесла вам овощей и для каши и для щей
А уж яблоки,как мед на варенье на компот
ПЕСНЯ «Урожайная» А.Филлипенко.
1
Мы корзиночки несем Хором песенку поем. Урожай собирай И на зиму запасай! Ой- да,
Припев: собирай ! И на зиму запасай
2 Мы – ребята-молодцы, Собираем огурцы, И фасоль и горох, – Урожай у нас неплох.
Припев: Ой-да, и горох, – Урожай у нас неплох
!3 Ты, пузатый кабачок, Отлежал себе бочок, Не ленись, не зевай, А в корзинку полезай!
Припев: Ой-да, не зевай, А в корзинку полезай!
4
Едем, едем мы домой На машине грузовой. Ворота – отворяй – Едет с поля урожай!
Припев: Ой-да, отворяй Едет с поля урожай.
ИСЦЕНИРОВКА
«Репка»
Посадил дед репку. Выросла репка большая-пребольшая. Стал дед репку из земли тащить. Тянет потянет, вытянут не может. Позвал дед бабку. Бабка за дедку, дедка за репку тянут потянут вытянут не могут. Позвала бабка внучку. Внучка за бабку,бабка за дедку, дедка за репку тянут потянут вытянут не могут.Позвала внучка жучку. Жучка за внучку, внучка за бабку. бабка за дедку. дедка за репку тянут потянут вытянут не могут. Позвала жучка кошку.Кошка жучку, жучка за внучку, внучка за бабку, бабка за дедку,дедка за репку тянут потянут вытянут не могут. Позвала кошка мышку. Мышка за кошку, кошка за жучку, жучка за внучку,внучка за бабку, бабка за дедку, дедка за репку тянут потянут вытянули.
Тема: Подлежащее
Дарсил мурад: подлежащее щибжо кколеб такрар гьабизе;
предложениялда жаниб гьеб батизе лъай;
хъвавул калам цебе т1езабиялда т1ад х1алт1и.
Дарсил план.
Организационый момент
Бицен
Араб дарс такрар гьаби
Ц1ияб дарс
Дарс щула гьаби
Дарсил х1асил гьаби
Дарсил ин.
Организационый момент
–Лъимал, рорч1ами!
Жакъа нилъер инеб буго рагьараб дарс.Жакъасеб дарс дие байбихьизе бокьун буго биценалдалъун. Биценги нилъер хурхараб буго лъаг1алил заманалда.
-Лъимал, лъаг1алил кинаб заман гьаб кколеб?
-Кинаб заманалда хурхараб биценха лъимал нилъер бук1инеб бугеб?
Бит1араб буго жакхъасеб бицен нилъер хурхараб буго хасалихълъиялда.
2.Бицен
Цо ризаб рохьоб г1адамаздаса бахчун ч1ун буго хасалихълъи. Гьеб рохьоб г1умру гьабулел х1айваназги х1анч1азги гьикъанила гьелда: «Щай мун гьаниб г1адамаздаса рик1к1ад бахчун ч1ун бугебилан»
Хасалихълъиялъ гьелда абунила. Жиб беч1ан унеб рииялда хадуб г1одилеб бук1унилан. Дир маг1ил гарал руго кьог1алги ц1ороралги. Гьелъ ракьалда лъугьинарула ц1ер ч1варал х1орал. Нак1к1алги кидаго т1ад ццудунго рук1уна. Дица т1аг1инарула сверухълъиялда ругел релъенал. Къоялги г1едег1уларо макьидаса борч1изе, хеккого лъуг1изеги лъуг1ула. Г1адамазул дида божилъиги бук1унарин
Х1анч1аз гьединго -гьедин бегьиларин. Г1адамал тезе бегьиларо дудехун божилъи гьеч1ого. Г1умруялда жаниб сундулъго буго маг1на ва к1вар.
Их – ккола ц1ияб г1умру лъималазул анищал.
Рии – ккола мура два къасдал.
Хасалихълъи –ккола къасдалги анищалги т1аса рищулеб заман.
Хасел –ккола г1акълу, ц1ияб анищ баккизе кьуч1 лъолеб заман
Абизе жоги лъач1ого хасалихълъи т1ад буссанила, ахирисел гъут1бузда ругел т1анхал, ч1обогояб биччараб ракьалда щущазарулаго.
Рач1а , нилъецаги цадахъ хасалил г1акълуги, ихдалил анищалги, риидалил къасдалги, хасалихълъиялъул берцинлъиги цадахъ росизе.
4.Ц1ияб дарс
Лъимал, жакъасеб дарс буго нилъер г1ажаибаб. Бук1анила бук1инч1ила Авар мац1илан абураб ханлъи. Жакъасеб нух нилъеца бухьине буго гьеб ханлъиялде. Гьале нилъер ханлъи. Нилъеда гьанир жанире инее к1олеб гьеч1о, гьаниб бугеб каву рахан буго Гъалат1ин абурай хъарталъ. Гьеб рагьизе кканани, нилъеца Гъалат1алъ т1адкъараб т1адкъай т1убазабизе кколеб буго. Гьале лъимал гьалъул т1адкъай. Гьаб раг1икъот1 ц1унани Гъалат1 разияй йиго нилъ жанире риччазе.
-Рач1аха лъимал, нилъеца гьаб раг1икъот1 ц1езе.
1.Щив? Щий? Щиб? Щал? абурал жаваблъун бач1унеб каламалъул бут1а
2. Предложениялда жаниб иш яги х1ал бихьизабулеб каламалъул бут1а
3. Раг1абазда ва предложениялда гьоркьоб бухьен ч1езабулеб кумекалъулаб каламалъул бут1а
4. Гьелъ бич1ч1изабула т1убараб пикру
5. Предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бут1а.
6. Бат1и- бат1иял рек1ел х1алал загьир гьарулел, хисуларел раг1абазда
7. Предметазул ц1арги абич1ого, предметал рихьизарулел каламалъул бут1а
8. Предложениялда жаниб жинца иш гьабулеб, ялъуни жиндир х1акъалъулъ бицунеб бет1ераб член
9. Предметалъул г1аламатал рихьизарулеб каламалъул бут1а.
10. Предложениялда жаниб иш лъугьараб куц, бак1 заман, къадар,г1илла мурад баян гьабулеб каламалъул бут1а.
п
р
е
д
м
е
т
и
я
б
Ц1
а
р
г
л
а
г
о
л
п
р
е
д
л
о
ж
е
н
и
е
с
о
ю
з
а
л
р
и
К1
К1
е
н
м
е
ж
д
о
м
е
т
и
е
Ц1
а
р
у
б
а
К1
п
о
д
л
е
ж
а
щ
е
е
п
р
и
л
а
г
а
т
е
л
ь
н
о
е
н
а
р
е
ч
и
е
4.Ц1ияб дарс
-Кинаб раг1иха лъимал нилъер аниб бач1араб? (Подлежащее)
Нилъер жакъасеб дарсил мурад буго: подлежащее сунда абулебали, г1емерисеб подлежащее кинаб каламалъул бут1аялда ккун бук1унебали.
–Щайдай аб нуц1а рагьулареб? Аб рагьизе кканани нилъеца рак1алде щвезабизе ккола, сунда подлежащее абулебали.
Подлежащее ккола предложениялда жаниб жинца иш гьабулеб, ялъуни жиндир х1акъалъулъ бицунеб бет1ераб член.
Рагьана нуц1биги . Нилъ щвана Подлежащее абураб ханлъиялде. —-дожРилълъаха лъимал балагьилин ханлъиялъухъ.
-Гьалеха лъимал т1оцебесеб къват1. Гьелда ц1арги буго Предложение. Рач1аха лъимал нилъеца рак1алде щвезабизе предложение сунда абулебали?
Предлежениялъ бич1ч1изабула т1убараб пикру.
Маг1арул мац1алда подлежащее бук1ине бегьула аслияб, актив,жинда, ва кьовул падежазул цоялда ва щиб? (-в,-й,-щал?), лъица? сунца? лъида? сунда? лъие? сундуе?абурал суалазул цоялъе жаваблъунги бач1уна.
Мух1амад рокъове кват1ун вач1ана. (щив?)
Г1алица дарс лъик1 бицана.(лъица)
Подлежащее актив падежалда бугони, гьеб кидаго бук1уна жинца иш гьабулеблъун
К1очонге. Жиндир кумекалдалъун иш гьабулеб раг1и актив падежалда бугони, гьеб хъвалсараб дополнение ккола.
Масала :
Вехьас бац1 т1илица ч1вана.
Г1алица гъут1би г1ощт1оца к1урана
Царада чанахъан вихьана.(сунда?)
Нижее хасалихълъи бокьула. (лъие?)
Кьовул падежалда подлежащее бук1уна, сказуемолъун бокьи маг1наялъул глагол ккун бугони.
Гьале нилъ щвана цогияб къват1алде. Гьаниб нилъеда лъазе буго г1емерисеб подлежащее кинаб каламалъул бут1аялда ккун бук1унебали .
Нижеца г1умру гьабулеб буго ракьалда.
Ракь – буго нижер рукъ.
х1асил: подлежащее г1емерисеб
предметияб ц1ар
ц1арубак1
ккун бук1ун
Гьанже нилъ щвана ахирисеб къват1алде.
Нужеда гьаниб лъазе буго подлежащее предметияб ц1аралъул маг1наялда х1алт1изарун ругони кинал каламалъул бут1абилъун ккун рук1унелали.
1.Г1акъилас г1акъилав валагьула. Г1антас г1антав валагьула.
(прилагательное)
2. Анц1ила щуго лъабиде бикьизе бегьула.
(рик1к1ен)
3. Ц1аларасда г1елму лъала.
(причастие)
4. Кват1и дур г1айиб буго.
(глаголияб ц1ар)
5. Сон жакъаялда релълъунаро.
(наречие)
х1асил: подлежащее предметияб ц1аралъул маг1наялда х1алт1изарун ругони, подлежащеелъун
прилагательное;
рик1к1ен;
причастие;
глаголияб ц1ар;
наречие ккезеги бегьула.
5.Дарс щула гьаби
Х1алт1и 44. Гьаб текст ц1але, подлежащеял рате. Кинал каламалъул бут1аби подлежащеелъун ккун бугебали бице. Подлежащеян сунда абулебали рак1алде щвезабе.
Хасалихълъи т1аде щвана. Дуниял гьогьомизе лъугьана. Къоял халалъана. Г1и маг1ардаса хъутаналде гочана.Исана г1ухьбузе хъутаналда ц1ияб мина бана. Г1ухьбуз г1и кьараго хьихьана.Г1ухьбуз жидедаго гьоркьоб къец г1уц1ун бук1ана.Къецалъул бергьенлъи босана Саг1адулаца.
Х1алт1и 45.Гьал хадур рехсарал раг1аби подлежащеелъунги ккезарун, предложениял г1уц1е. Подлежащеелъун ккун ругел раг1абазул морфологияб разбор гьабе, ай кинал каламалъул бут1абаздаса ругелали бице.
Жамалудин, херав, к1иявго, мун, Салих1ат, анкьабилев.
Жамалудин- пр.ц1 Жамалудин; хасаб; ч.ж., щив? асл.п., под.
Херав- пр.ц1 херав ., г1аммаб., ч.ж., щив? асл.п.., подл.
К1иявго- рик1., к1иявго., т1олголъиялъул.,ас.п..,ч.ж..,г1.ф., под
Мун- ц1арубак1; гьумералъул ас.п..,ч.ж..,ц.ф., под
Дарсил х1асил гьаби
Пикру лъуг1изабе
Жакъа дида дарсида лъана…
Жакъа дие дарсида бокьана…
Жакъа дарсида бук1ана…
Рокъобе х1алт1и &11
2
4
1
3
6
66
10
8
Рагьараб
дарс
«Меседил хасалихълъи».
ХIадурана:
авар мацIалъул мугIалим
МухIамадова Асиятица
Мурадал ва масъалаби:
Ï Лъаг1алил заманазулгун лъай-хъвай гьаби.
Ï Пасих1го ва дурусго лъималаз рахьдал мацалда куч1дул рик1к1ин.
Ï Маг1арул мац1алда х1анч1азул,гъут1бузул ,пихъил,овощазул ва
цогидалги ц1арал лъай.
Ï Рахьдал мац1алъул дарсазде лъималазул рокьи ц1ик1к1инаби.
Ï Лъималазда гъорлъ гьудуллъи , цоцалъ рекъей щула гьаби.
Ï Лъималазул творчества цебет1ей.
Ï Муг1алимзабазул ва лъималазул цоцалъ гьоркьолъи лъик1лъизаби.
Къвариг1унел алатал:
Компьютер,телевизор ялъуни
проекторная доска,къот1-къот1арал х1анч1азул , т1анхазул суратал, 3
ч1еп,пихъ,овощал,костюмал, ,гъут1буздаса рортарал бат1и-бат1иял
,т1анхал,х1ухьдул,бакънал
(минусовкаби).
Класс къач1алеб куц:
Хаслихълъиялъул лъималаз рахъарал
суратал ч1вала ширмаялда яги доскаялда,киса-кирего кьер-кьерал т1анхаз къач1ала(баг1арал,т1огьилал),ч1ах1аго
берцинал кьераца хъвараб плакат бала: «Меседил хасалихълъи».
Берцинаб муг1рузул бакъаналъухъе гьаракь
биччала кеч1 рик1к1унеб,экраналда хасалихълъиялъул суратазул слайдал,лъималазул
х1алт1абазул презентациял рук1ина рихьулел.
Жеги г1урччин хут1арал
Хадур ралагьунги тун
Гъут1буздаса т1огьиллъун
Т1анхал гъенолел руго.
Рогьараб
рук1к1инег1ан
Х1апара-х1ут1ги баччун,
Х1анч1аз хьихьарал т1анч1аз
Т1авап гьабулеб буго.
Ахикьа барщараб пихъ,
Хурзабаз кьурабщинаб,
Кьиндал нахърателалъе
Рокъоб сок1к1унеб буго.
Кеч1 рик1к1ина ц1алдохъаналъ
пандуралъул бакъаналъухъе.
«Хасалихълъи» Расул Х1амзатов
Рортулел руго т1анхал,
Т1еренлъулеб буго лъар,
Пашманлъулеб буго кеч1-
Бач1ун буго хаслихълъи.
Ахирал бакънал руго
Къо лъик1илан х1анч1азул,
Реч1алел руго т1угьдул-
Бач1ун буго хаслихълъи.
Муг1рул хадур ралагьун
Хут1ун руго г1ияда,
Г1идра т1огьиллъун буго-
Бач1ун буго хаслихълъи.
Бач1ун буго гьарзаяб,
Бач1ун буго гьайбатаб,
Бач1ун буго пашманаб_
Бач1ун буго хаслихълъи.
Цебехун хасел буго,
Халатал сардал руго,
Ахирал ц1адал руго-
Бач1ун буго хаслихълъи.
Ясазул кьурди.
Хъабалоги рет1арай яс яч1ина жание кьурдул
бакъаналъухъе.
Кодоб ккун ч1епги бук1ина жаниб пихъ ва овощал
лъураб.
Рорч1ами,лъимал.Дун лъанищ нужеда?
-Хасалихълъи.
-Бит1ун буго.Дун гьоболлъухъе щвезе яч1ана
нужехъе.Хасалихълъи бечедаб заман бугелъул, ч1обого яч1инч1о дунги.Дицаги
г1емерал сайгъатал росун руго нужее.Бищунго лъик1 маг1арул мац1 лъалел
лъималазе сайгъаталги ц1ик1к1ун щвелаха.
Муг1алим. Сундалъун
бечедаб бугеб,лъимал хасалихълъи?Гьеб бихьизе бокьани базаралде ва тукабазде
раккизе бегьула нилъ.Хасго базаразда бихьула нилъеда хасалихълъиялъул
гьарзалъиги бечелъиги.
Лъималаз кеч1 ах1ила
«Хаслихълъиялъул ярмарка» инсценировкаги гьабун.
1.Гьале ниж киналго данделъун руго
Бокьараб босизе рач1а аск1оре.
2.Т1аг1амги гьуинал ,кьерги берцинал,
Пихъги овощалги гьарзаго руго.
3.Рач1а базаралде даран гьабизе,
Ракке тукабазде багьа ц1ехезе.
4.Хасало кваназе компотал гьаре,
Нужерго подвалахъ нахърател гьабе.
Муг1алим.Хасалихълъиялъ нужее сайгъаталъ рач1арал пихъилги овощазулги
бицанк1аби кьела дица нужее ч1вазе. Щибаб
бит1араб жавабалъухъ цо-цо пихъ ялъуни овощ кьела лъималазе.
Бицанк1аби ( автор С.Мух1умаева)
Ракьалда тIаде гьурщун гIурччинаб керчаб расгун
Ракьулъ жаний яхчарай тIогьилкьерай меседу,
ГIанкIие цIакъ хирияб,лъималазе пайдаяб,
Халатккараб ,тIагIамаб витаминазул магIдан
Бакъалда егарай,гурдал гIемерай,
Гургинай,йицатай бахчамеседу,
Борщ,голубцабазе,салатазеги
Хисиго лъалареб гьудул гьеб буго ПИЛПИЛ
Бижулаго гIурччинаб,барщидал багIарлъулеб,
Болгаразухъа бачIун нилъер пастIаниб чIараб,
Пайда жиндилъ гIемераб,кваназе цIакъ хIажатаб,
Жиндир цIарулъ пилалъул цIар кIицIул такрарлъараб
Загьаб тIагIамалъул ,гучаб махIалъул ,
МагIарул хинкIазул тIолареб гьалмагъ
БагIараб кьералъул пайдаяб нигIмат,
Борщал ,салатазе цIакъ жиб рекъолеб,
ТIанхал руссун,цIурал чадал гьарулеб
Дун белъуна,бежула,чурпадалъе буссула,
ЧчухIун,цIурачадазда жаниб лъезе бегьула
Жаниса тIогьилаб,тIаса гIурччинаб,
Белъун квине цIакъаб,пайда гIемераб,
Пурщабазда жаниб лъик1 хъваг1ан
лъолеб,
ХъачIаб хIарпалдасан цIар байбихьулеб.
ЛъарагI мохмохилан дида абула,
Киназего квине дун цIакъ бокьула,
Бихьизе берцинаб,тIаса багIараб,
ТIагIамаб-дун нужер цIакъаб дандежо.
КIалдиб жиб хъванани мацI бухI-бухIулеб,
БухIиялъул цIакълъи кванилъ рекъолеб,
Хинал улкабалъан нилъехъе щвараб,
Банкабазул гьудул,роолил гьобол?
Жанисахун хъахIаб,тIасан гIурччинаб,
Риидал гIадамаз гIемер кваналеб,
ТIад зазал гIисинаб,тIагIамги лъикIаб,
Помидоралъул дун кIудияб гьудул
Дун баг1араб бук1уна,г1урччинабги бук1уна,
Т1огьилабги бук1уна-дун пихъазул
ханлъидал,
Лъималазе пайдаяб,киназего бокьулеб,
Гьуинабги,ц1ек1абги кваназе
т1аг1амаб пихъ
Гьабги г1ечулго гьудул,барщигун тамахлъулеб,
Хъабахъалъул цо тайпа жинда
релълъараб бугеб,
Мокърукь балеб чирахъги гьалъулго
форма бугеб,
К1одол гунзаригицин гьалда
релълъараб бугеб.
Хинал улкабаздаса нилъехъе жиб
бач1араб,
К1алдир цабиго гьеч1ел к1одабазцин
кваналеб
Т1огьилаб хъал т1ад бугеб, т1аг1ам
жиндир гьуинаб
Т1аса хъал бахъич1ого кваназе
бегьулареб.
Гъабуялда бижулеб, сортал жиндир г1емераб,
Агъада,Молдаванка,Изабелла ц1ар
бугеб,
Гьаб т1аг1амаб пихъил ц1ар лъаларев
чи вугодай?
Бихьизе ц1акъ берцинаб гьаб к1аркьенбаг1арида
Кваназе квер хъванани,расул кьибил
т1ад бала ,
Компотал,варениял киназго ц1акъ
гьарула
Кь х1арп гьалъул ц1аралъулъ бакьулъ
ч1ух1адго хъвала.
Ракьулъ бусен гьабулеб ,
Гьаваялда къинлъулеб,
Г1адат1е чилла бараб,
Черхалде маргъал бараб?
Кеч1 ах1ила лъималаз хасалихълъиялъул х1акъалъулъ.
«Хасалихълъиялъул кеч1»
буссинабуна С.Мух1умаевалъ
Сасун
, сасун , сасана
Хасалихълъи бач1ана
Ц1адаца кеч1 ах1ана
Ракьалде маг1у т1уна
Дица зонтик босана
Ц1адакь сверизе ана
Т1инк1е, т1инк1е кепалда
Барахщуге мун дида!
«Хасалихълъи» раг1аби
Шахбановалъул бакъан З.Салаевалъул «Хасалихълъи»
Гьале гьал дир муг1рузде
Хаслихълъи бач1ун буго
Меседилаб кьералъул
Бечедабгун беричаб.
Лъица щиб бицаниги
Гьайбатабгун гьарзаяб
Бечедаб хасалихълъи
Бокьула лъималазе
Баг1арал ва т1огьилал
Т1анхал гъенолел руго
Т1елал гьарун киналго
Х1анч1и къокъунел руго
Муг1алим.Баг1арал
ва т1огьилал гъенарал т1анхалги, т1угьдулги, цогидал хаслихълъиялъул
сайгъаталги данде гьарун рач1ун руго лъималаз.Гьезул бокьараб жо ургъун гьабизе
ккола нилъер къокъабаз: цо къокъа г1уц1ила лъималазул, цогияб рахьдал мац1алъул
муг1алимзабазул .Гьезул х1алт1уе къимат кьезе т1амила нилъеца нилъер
х1урматиял директорасул кумекчаг1и Пат1имат Абуковна ва Пат1имат Къурбановна
гьединго лъималазда гьоркьосаги вищила к1иго чи жюриялде.
Къец «Хасалихълъиялъул квац1и».
Муг1алим.Гьанжесеб
къецалъулъги г1ахьаллъи гьабизе буго лъималазулги ч1ах1иязулги къокъаялъ.Маг1арул
кьурдул бакъаналъухъе 1 минуталда жаниб г1одоре рарал т1анхал рищизе т1амила
к1иябго къокъадул цо-цо чи.Цоги к1игоял т1амила гьединго х1анч1азул суратал доскаялда
магниталъ рек1инаризе. Цояз- хасалихъе хинал улкабазде роржун унел
х1анч1азул,цогияз-нилъерго анир хут1улел х1анч1азул.
Гьанжесеб къец буго лъималаз рек1ехъе куч1дул
рик1к1иналъул.
Хасалихълъиялъул х1акъалъулъ
куч1дул рик1к1иналъул къец
«Хасалихълъи» Мух1амад Гъазиев
«Хасалихълъи» Мух1амад Гунащев.
«Росулъ» Г1абдулмажид Хачалов.
«Хасалихъе къасимех» М.Насрулаев
«Хасалихълъи» Мух1амад Хириясулаев
«Т1амах» Г1абасил Мух1амад.
Къиматал лъезе т1амила жюри. Куч1дул
рик1к1арал лъималазе грамотаби кьела.
Гьалеха,дир лъимал ва х1урматиял гьалбал,
гьабгощинаб рохелги нилъее босун бач1ана хасалихълъи.Баракатаб батаги,ракълилаб
батаги,рохалилаб батаги, я Аллагь нилъер Дагъистаналъул ракьалъе исанасеб
хасалихълъи.
Кеч1 ах1ила лъималаз «Меседил
хасалихълъи» .
Меседил хасалихълъи
Бач1ун буго муг1рузде,
Рохьаздехун,ахазде
Маг1арул т1алъиялде,
Припев:
ЛъикI щвараб
ЛъикI щвараб,
Мун,хасалихълъи!
Рохелгун,баркатгун
Щвараб батаги!
Гьелъ
ханлъи гьабун буго
Т1олабго гьаб
ракьалда
Г1ат1идал
авлахъазда,
К1к1алазда ва
щобазда.
Припев:
Мун, берцинаб хаслихълъи,
Мун,бечедаб хаслихълъи.
Халкъалъе рекъел босун,
Щун батила , хаслихълъи.
Припев.
Муг1алим.Гьалдалъун нилъер данделъи раг1алде щвана. Киназего
баркала.
Къо-мех лъик1
«Хасалихълъи рещтIун буго рекIелъе», — абун хъвана БакьагьечIиса шагIир-классик Тажудин ЧIанкIаца. Щибаб соналъ хаслихълъиялъ мугIрузда гьоболлъи балаго гьел мухъал рачIуна ракIалде. Рииялъ къо лъикIги гьабулеб, гьанжего гьанже хасалихълъи рещтIунеб гIуж бокьула бищунго. Буго гьелда жаниб цо балъголъиги, бахчараб цо берцинаб асарги, пашманлъигун рохелги — кинабго гьелда жаниб бессун буго. ГIажаибго берцинго букIуна гьеб мехалда магIарухъги. Гьелъ ракIалде щвезабула гьитIинаб заман. Хуриса хIалухъин бакIарулел къояз хурзабахъ букIунеб букIараб чIаголъи, гьарудулел гIадамал. Хурул ракьанда бакараб цIадуда тIад гьалулеб хьаг, гьениб белъунеб картошка. Хасго батIияб тIагIам букIунаан рохъдолъе рехун бежараб картошкаялдаги, гьединго жеги рахьдалъго бугеб цIоросаролъалдаги. Хас гьабун гьел къояз эбел-инсуе кумек гьабизе гIодоркъоялги кьолаан школалъ. Гьеб мехалъ нижер рекIелъе рещтIунеб рохалие гIурхъиго букIунароан.
РакIалда бугищ нужеда Муса МухIамадовасул «Къисасалда» гьелъул хIакъалъулъ хъван букIараб куц. «1916 соналъул хасалихълъи тIаде щвана. Кибалиго рикIкIада рагъул гъугъайги, гъурулел тушбабиги, туманкIул харилги махI буго. Рагъдаса рикIкIадаб магIарул росулъ абуни гIадатаб ракълилаб гIумру букIана. Хурзабахъ гьарулел хIалтIаби ахиралде ракIарун рукIана. БугIа ва ролъ лъилъун, гIарабазде буссинабуна: цIоросаролъ къотIун, санагIат ккарабго чехъезе хачIал гьарун сокIкIун лъуна. Рагъабазул хIубазда дал-далун рукIана хасалоялде хIадур гьабураб ражипералъул ва порол гъалал. Ахазукьа пихъал тIагIана. Ахбазан, курак бакъвазабуна, чIахIиял къандалъабахъе бан нахъе лъуна гени-гIеч. КъотIнобегицин чIвалеб берцинаб махIги бахъинабун, рукъзабахъ тIибитIун букIана. Резил шагьаби гIадал тIанхалги гьороца тIу-тIун, хъахIаб кьер чIвараб ракьалде гъенезарун, гъутIбиги чIегIерлъун гIаркьалабигун бесдаллъулел рукIана. Ахил музыкантал -хIасратал бакъназул роол хIанчIиги араб бакI лъачIого тIагIана. Хинал рахъаздехун унел нухда ратила гьел.
Хурзабахъ, ахазукь сихIкъотIи букIана, амма росулъин абуни, ахIи-хIур гIемерлъун букIана. Лал тIамулел, тIорщел баччулел, мугIруздаса гIи-боцIи лъарагIлъиялде гочинабулел -рекьарухъабазул «цIадабе бегьаниги квер бухIуларел», хIалтIи щокъробе бахарал къоял рукIана. «Гьанже цодагьабги жигар, цодагьабги яхI бахъе -цинги кинабго жо рукъалде буссина, магIишаталъул сон лъугIила, гьеб мехалъ бугелда гIейги гьабун, хIалхьуда рещтIине бегьила», -ян абухъего хIалтIулел рукIана гIадамал».
Гьедин букIана цебе магIарухъ. Аваразул классик, бергьараб гьунаралъул хъвадарухъан Муса МухIамадовас цIакъ махщалида цебечIезабулеб буго некIсияб магIаруллъиялъул сурат.
Берцинаб яшав букIана нилъер умумузул.
Къо бихьун, черхалдаса анкьго гIетIги тIун гьабизе кканиги, хIалалаб магIишат букIана гьезул. Гьанжеги битIахъе гIашикълъула дун доб заманалъухъ. ЦохIо къоги гьезухъ «гьоболлъухъ базе» бокьулаанин хIайранлъун хутIула гьезул пикраби гьарунагIан.
Гьеб гьайбатаб заманалъул цо гьитIинабго тIири щвана дир лъимерлъиялъеги. Дида ракIалда буго кинабго. РакIалда буго щуго сон барав чиясда тIоцебе хур бекьулеб бихьараб куц. ЧIегIераб ракьги бихъизабун, пуруц хадуб цIалел оцазул дие букIараб интерес. Рекьарухъабазул разиял гьурмал, оцал нахъ сверизаризе: «гьо бусса, гьой» -йилан ахIулеб гьаракь. РакIалда буго эбелалъ иццухъе лъел цIезе витIарав куц. Ссандаса гIодобе унеб берцинаб сухъмахънухги бихьизабун, ссанул ахада бугеб ицц бихьизабуна эбелалъ дида.
Гьеб къоялъ тIоцебе хIалбихьана мугIрул иццул гIансигIан цIорораб лъел тIагIамалъул. Дида гьеб лахIзат киданиги кIочон теларо. Росулъе щванщинахъе гьанжеги уна дун дирго лъимерлъиялъул иццухъе. Добго ссандаса гIодобе бекерун унеб нухги, аскIорго долго гъутIбиги, иццда тIаса эхетун добго кIудияб гамачIги буго. Амма мугIрул тIабигIаталъе рагьараб горду гIадин, гъадароялда релълъун дида бихьулеб букIараб иццул цебесеб сурат гьечIо. Сверун цементги чIван, тIаде маххул тIалъелги къан бахчизабун буго гьеб. Дун жакъаги урхъула гьелъул цебе букIараб жиндирго сураталъухъ. МатIу гIадин тIокIкIараб, гъорлъан гIисинал чIинхалги рихьуледухъ кIул-кIулиялда чвахулеб гьелъул гьаракьалъ пана гьавулаан. Гьанже гьеб кIул-кIули рагIулеб гьечIо…
Гьединго хисун буго магъил суратги. Дун гьитIинаб мехалъ гIадин аваданго хурзабахъ гьарудулел ругел гIадамазда бер чIваларо. Риидал херги, хасалихъе тIорщелги мугъалъ баччулел рукIарал хIамузул рехьедги мигьлъун буго. РикIкIине цо чанго хIама хутIун буго росулъ. Машинаялдаги рекIун уна гьанже хурире, машинаялда нахъ руссунги рачIуна, хуриса тIорщелги гьелъ баччула. Бигьалъи щун буго халкъалъе, бигьалъи бокьулебги буго кинавго чиясе. Амма бигьалъи щваниги, хIалтIизе бокьарал цIакъ къанагIалъун руго. Мигьлъулел руго магIарухъ ракьал. Гьелдаго цадахъ мигьлъулел руго гIадамазул ракIалги. Нусго къали жаниса бакIарулел рукIарал, бечедаб бачIиналъул умумузул хурзал гIурдаде сверун, раккуриги чIван пуланго руго. Бесдаллъулеб буго магIарул мегъ.
«Нилъ киредай рачина гьаб нухдасан анани», -ян хъвана магIарул шагIирас. Гьелъухъего, нилъ киредай рачина гьеб нухалъ. Гьадин ракIалги хъарцинлъун, иманги загIиплъун, умумузул захIматги кIочон чIани, кинаб ахирдай нилъер букIина?
ХадурагIи
«ХIакъикъаталъул» жакъасеб номералда кьолел руго магIарул росабалъ хаслихълъиялъул темаялдаса чанго сурат. Щибаб росдал жиндирго буго хур бецулебги, тIорщел бакIарулебги, лал тIамулебги гIадатги къагIидаги. Гьениса цо—цо лахIзатал кьолел руго гьал гьурмазда.
Ашахан ЮСУПОВ
Ахираб къого соналда жанир сверухъ рукIарал гьудулзабиги тIагIинарун бакI- бакIазда хутIарал гъаримал гъутIбуца реххулел руго жеги роол кьер тIаса инчIел ращдал гIурччинал тIанхал. Бокьула дие хасалихълъи. Бокьула хасалихълъиялъулъ цо хасаб хIайранлъиги, берцинлъиги, сихIкъотIиги инсан пикрабазде вачунеб, кинабго жоялъул авал — ахир букIиналда пикру гьабизе тIамулеб гIаламатги букIун.
Хасалихълъи тIаде щварабго уна МахIачхъалаялда букIунеб хIалуцараб, бакIаб, рагьлиххараб гьава, гIетI базабулеб багIари, тIутI ва кIкIара нахъе. Гьеб хисун бачIуна дагьабго квач, роцIцIараб гьава, шагьаралъул ахикь ва ралъдал рагIалда дагьлъула гIадамал. РачIуна гвангъарал, магIарухъ гIадинаб моцIрол канлъи бугел сардал, бецIхъахIилаб зоб ва ва кенчIолел цIваби.
Бищунго кIудияб лазат, хIалхьи ва рахIат букIуна гьел сардазда лъикIаб аудиотIехь, радио, некIсияб магIарул бакъан, гIасрабазул лъугьа-бахъинал ва гIадамал цере рачунеб гьаракь, шигIру, кечI-назмуялъухъ гIенеккизе, ялъуни лъикIав гьудулгун гара-чIварулаго тиризе. Цо-цо мехалда гьеб кинабго гьечIого цохIо мунго ралъдал рагIал чIван, ялъуни хаслихълъиялъул, яги хасалил ахикь тирулаго гIемерал пикраби, арал, хварал, жакъасел гIадамал рачIуна духъе гьоболлъухъ. Гьелгун накъиталда тирулев ватула.
ГIажаибаб асар рекIее гьабула ралъдал рагIалда бугеб ганчIидаги кIусун хасалил сардилъ лъеда тIасан бачIунеб моцIрол канлъиялъ гьабураб нухлухъ валагьизе. Жибго ралъад лъагIалида жаниб цониги къоялъ цебесеб къоялда релълъараб букIунарин абула. ЛъагIалил щибаб къоялъ гьелъул букIунеб рагIула хассаб гIаламат.
Цо къоялъ хъудулеб, кьабгIолеб, добегIансаго жинца рагIал тIезабизе бугеб гIадинги бачIун, ганчIалъги кьабгIон, рагIалде дагьабго гурони лъим бачIунаро. Цогидаб къоялъ рорхатал, кIудиял карачалаби рачIуна рагIалде гьаругьинан хъуй гьечIого ва гIамал кIодого, «гьале ниж» абурал гIадин рагIалда бугеб салуде гIемераб лъимги реххун сихI тун нахъе уна.
Лъабабилеб къо букIуна ралъад «тIегьалеб», сверухъ кинабго хъахIлъун, гьеб лъим жаниб сверулеб, хисулеб къо бугин абула. РукIуна къоял ралъад чIараб, тIаде балагьун хIалица гурони гьеб багъарулеблъи халлъулареб, лъел гьумер букIуна цIер гIадин кенчIолеб. Гьелъул валагьун ракIалде рачIуна А.Пушкинил «Мазгарул рекIарав» поэмаялдаса Петербургалде ва Нева гIоралде хъварал мухъал:
«…Дур хъахIал сардазул моцI гьечIеб цIваки
Гъорлъан ур бихьулеб бахьинаб канлъи…»
Нусго гьаракь, азарго кьер, рикIкIен тун гIемерал гIаламатал тIабигIаталъул. Ихдаде борчIун, риидал тIегьан, хаслихъе бечIан, хасало тIубанго гъенон ва тIагIун. Чан хIикмат бугеб ТIадегIанав Аллагьас инсан кантIизе нилъее кьун, пайда щиб, бихьулеб дагь буго, бичIчIулеб ва хадур гъолеб жо гьезего гьечIин абизе бегьула.
МахIачхъалаялда жакъа тохлъукьего квачана, хасалихълъиялъул гIаламатал загьирлъана, хадубго цун хасел букIинги бичIчIизабуна. Гьеб хасел цебехунги бачIун букIана, хадусел соназдаги бачIинчIого чIелеб батиларо, щайха дица жакъа алъул бицунеб бугеб? Щай гурелъул жакъа технологиязул, интернеталъул, гаджетазул ва социалиял гьиназул гъоркьлъалида бугеб гIаламалда бихьулеб гьечIо тIабигIат, гIадан, гIумру ва Аллагьасул хIалкIолъаби.
Руго гIадамал санаца мониторалъул экраназда бихьун гурони хасалихълъи бихьичIел, ахикь тиризе рахъичIел, ралъдал карачелахъ ралагьичIел, хIанчIазул бакънахъ гIенеккичIел, жидер мадугьал, эбел-эмен, яцал вацалгун чIагояб гьаркьидалъун кIалъачIел.
Телефоналъул смайликалдалъун гьимулел, сообщения битIун байрам баркулел, вотсапалдаса гьава-бакъалъул ва гIумруялъул цоцаде бицунел. Гьеб халкъалда абулеб буго Дагъистаналде хасалихълъи бачIун бугин, зоб кьерххун бугин, ракь цIорон бугин, цо-цо гьел щайтIан ящиказдаса ва телефоназдасаги тIун тIабигIаталъул ва дунялъул хал гьабеян.
Дие цIакъ бокьула хасалихълъи, гьелда хадубго цун хасел бачIунеб букIиналъ. Гьеб квачалулъулъ, халатал сардазулъ ва дие гIагарал, аскIосел гIадамазулгун накъиталъулъ бугеб хинлъи дие цониги рииялъ бачIинчIо гIумруялда. Кин доб букIараб поэтасул?
…Дидени гьеб гIазу некIого бана,
РакIалда хутIана хирияб гIадра.
Амма дун кидаго квачан цIорочIо,
Дур ракIалъул хинлъи хутIана дунгун.
Рахчуге, хирияй, гьел хъахIал расал,
Хасалилги буго гIураб берцинлъи…
Заман щвечIищ цо дунялалъул берцинлъиялъул хал гьабизе, зобгун ракьалъухъ ралагьизе, цоазухъеги раккун накъиталда гIодор чIезе?
—————————————————————————————————
Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.